Бестужев-Марлинскиясул хъвай-хъвагIаял

«Штабалъул дежурный гIадалав генералас,

Намусалъул налъуе, гьаялъе хисичIого,

Адлералдасан рапорт пачаясухъе хъвана

«Хабар гьечIого тIагIун» дун хвеялъул

ХIак

Ъалъулъ.

Огь, дун велъанхъараб куц гьеб махсароялда

тIад...»

Всеволод Рождественский.

«Кавказалъулаб дандчIвай»

Авторасул баян:

Барон Розенил штабалъул официалиял баяназда

рекъон, хъвадарухъан – декабрист Александр

Александрович Бестужев-Марлинский 1837соналъул июналда Адлералда аскIобе десант

рехулелъул чергесазулгун ккараб рагъда араб рахъ-мухъ лъачIого тIагIун вуго. Гьесул жаназа батун гьечIо. Авторас гьаб поэмаялъе пайда босулеб буго, Бестужев чергесаз асир гьавунин, гьев Дагъистаналде анин, халатккун Шамилида аскIов гIумру гьабулев ва гьевгун цадахъ къеркьолев вукIанин абурал, Кавказалда

раккарал бицабаздаса.

127

Т

Iоцебесеб бетIер

Дир сагIат бачIана, битIун бицине

Буго наслабазе дица кинабго.

Рагьизе мех щвана магIарулалгун

ГIумру унеб букIин Бестужевасул.

Дунин дов некIого гIагараб ракьалъ

Ракьалдаго гьечIин тун вукIарав чи,

Шамилил муридаз мугIрул росабалъ

Наиблъун рикIкIарав гIypyc мугьажир.

Къогониги соналъ, Агасфер гIадин,

МугIрул улкаялда свераравги дун,

Киназего-хварав Марлинский дун,

Шамилие – наиб Искандерги дун.

Чармил хвалчабазул чвархъи къотIидал

МацIаз гьаб халкъ чорок гьабулеб буго.

Гьелъин доб цебего «Аммалат» хъварав

Авторас нахъойги босулеб къалам.

Ургъарал къисаби къватIире кьурас

КьучIаб лъугьа-бахъин бицунеб буго.

Гьелъин пахруязул бакIалда дица

Хъвалеб бугеб жакъа Шамилил къиса.

* * *

Гьанже дие гIажал гIагарлъанагIан

ГIажаибго тIокIкIун тIамула цере

Драгунал, уланал... Огь, гвардиялъул

Рохалил сверуда росарал кепал.

Свараб гIищкъуялъул гIазабаб ругъун,

«КъутIбу» журналалъул къотIараб гьаракь,

Декабралъулаб кьварараб буран,

Дун рехун тун араб ракIалъул хIалхьи!

Кин лъазе букIараб гьудулзабигун

Гуллил цIадалда гъоркь Петербургалда

Дица гьелъий жаваб пуланаб къоялъ

МугIрул гIарадаялъ гьабизе букIин.

Дир къисмат букIана бакIабгин кьогIаб:

Огь, маххул рахсалгун цIорораб туснахъ,

Гьелъул историказ бицина нужей,

Амма ахир ккараб лъаларо гьезда.

Цинги такъсиралъе къватIив къотIарав

Дица лъагIел бана Якъутиялда.

ТIаде къо щварабго дун Кавказалде

Мухъилав рекрутлъун витIана рагъде.

Нижер вацлъиялъул эркенлъидул цIа

Пачаяс чакмабаз мерхьун реххана,

Ахирги сурараб солдатлъиялъул

Муштра-пурунт щвана гьелъул бакIалда.

Эркенлъидул анищ кочIохъабазул

Хъамуна къисматалъ, гьороца гIадин;

Гьезул гIемерисел хутIичIо нахъе,

Гъанкъана тIоцеве гьезул Рылеев.

Гуллида бадире цоял кIанцIана,

Цоял дуэлазде ана гьимигун.

Даимаб бусаде гIедегIичIого,

ЦохIо дун хутIана дунял тирулев.

Хвезелъун витIана Грибоедов,

Хадувго хирияв нижер кочIохъан

Пушкинцин, мацIалги рецIелги чIалгIун,

ЧIана барьералда ахиралдаги.

Гьунар тIокIав гений хъурмица чIванин

БачIараб хабаралъ чIван лъуна дир черх,

Гьеб хвалица хIакъир гьавун кинигин,

ГIажал балагьизе лъугьана дунги.

Гьелъин дов Розенил десантгун цадахъ

Адлералде щведал букIараб анищ:

КIиго Александр арал нухазда

Дидаги батилин даимаб хIалхьи.

ЧIегIер ралъдал гама тун бахъиналде

Хиял букIана дир хвелародаян,

Хвалчадул балаца цо магIарулас

КъотIилародай дир лагълъул рахасан.

Нахъе къазе нухал хутIун гьечIилан,

ТIаде кIанцIейилан букIана амру,

Шапсугаздаса рохь бацIцIад гьабизе

Дунги инин лъазе гьабуна дица.

Амма солдатазул цепаздаса тIун

Дун рохьил хъинсазде гьоркьове ккедал

Тохлъукье рехараб кварил кIичIица

ЧIварав чи кинигин гIодов лъуна дун.

Дийго хвел балагьун кьалде лъугьарав

Бакъанил гIужалда асирлъун ккана...

Сонал гIемер ана гьелдаса хадуб

Хирияб, гIагараб ракь бихьичIого.

Амма ватIаналъул халкъалда гьоркьов

Хиял данд базе чи хутIун вукIинчIо.

Ругьунлъун ана дун гьал чергесазде,

Гьезул гIадатияб магIишаталде.

Пачаясул такъсир кIочене кIвечIо,

Амма гьудулзабахъ урхъи дагьлъана,

«Кавказалъул асир» – дун макьилъ гIадин,

MeгIep бегулелъул гьалгъан вукIана.

Амма дир чорхолъ би тIубан цIорочIо,

ЦIилъана пикраби, буссана къуват,

Каранзулъ рекIана хIасраталъул цIа,

Нахъойги рухIалъ дун ахIана кьалде.

КIиабилеб бетIер

Гьанже Дагъистаналда

ТIарикъат тIибитIана.

(НекIсияб кочIол мухъал)

Шамил кквезе боялгун

ГIемер свердана Пулло,

КигIан жигар кьуниги

Кьечо гьесие икъбал.

Фезе – чIухIав генерал

Эбго ишалде вана,

Азиатасул сипат

Рехсараб амру кьуна:

«Росулъ бищун ворхатав,

БахIарчияв, къуватав,

Хочодаса, гулликьа

Кьерулев жив вихьичIев.

Жиндир хвалчад нилъерал

Хер гIадин рецун ралев,

Таваккалав багьадур –

Гьев вуго имам Шамил!»

Гьеб абун инаралас

АхIи бана боязде,

Имам кквезе кIвapace

CaxI меседил кьелилан.

Гьале рагъ байбихьана,

Росу буго бахъулеб,

ГIарададул кьвагьиялъ

Рaкь буго гьаргьадулеб.

МагIарулазул биялъ

ГIорал руго релъунел,

Генераласда царе

Рачуна асирлъарал.

Гьел киналго рорхатал,

Киналго хIинкъи гьечIел,

Гуллидаса рахчичIел,

Хучдузда тIаде арал.

Амма ккуразда гьоркьов

ГьечIо магIарул имам,

Гьал ахIмакъаз кин кколев

Гьунар кIудияв Шамил.

Гьелдаса хадув ццидалъ,

Гьабизе жо тагIарав,

Жеги свердулев вуго

Имам кквезеян Фезе.

Амма кверзукьа кIкIуйлъун,

Боржун араб гоз гIадин,

ТIагIуна имам Шамил,

Щоларо кинго кквезе.

МугIрузда восстание

Санайилго гьалдола,

Гьаниб щибаб рохьгун кIкIал

Шамилил хъала буго.

* * *

Шамилилгун Фезел хIакъалъулъ гьаб кечI

НекIого букIана рекIелъе бортун,

Имамасда цадахъ зулмучагIигун

Вагъизе букIана кIудияб анищ.

Жеги Дербенталда лъалаан дида,

Цо-цо бицаралъул хIисаб гьабидал,

Макка-Мадиналде руссун гьал халкъаз

Гьаял ралел рукIин эркенлъиялъе.

Цебего халкъияб восстаниялъул

Сур пулеб букIана рохъдода гъорлъан,

Ахирги бакъараб Дагъистаналъул

Росаби рахъана гъазаваталде.

КIкIалазул, парсазул некIсияв асир

МагIаруласе ракь рекIей хирияб.

Хашабго къебелъухъ гьабураб хвалчен

Чархида кколаан гьес кьурабазул,

ЦIоб гьечIеб къисматалъ Тимурал тIамун

ТIаде мугIрузде гьал рахинаруна

Парангалгун туркал нахъегIанги тун

Гьаз гIицIаб эркенлъи тIаса бищана.

Сабураб ияхIалъ кьурабазда тIад

Наяз къучIчIдул гIадал рана росаби,

Щулалъаби ккурал рорхалъабахъан

Рагъгун рачIаразе кьуна гьаз хIинкъи.

Гьаниб халкъ букIана ханги устарги,

Къисматалъ херлъараб, хиял бахIараб,

Бесдал эмен гIадин вачIун пачаяс

Инсул рокъоса гьал къотIулел руго.

РекIкIалде ругьунал гьал нуцабаца

Босула гьанжеги пачаясул рахъ.

Абула: «ГъалбацIги ккола борчIизе,

БацIги циги цадахъ рекъон ратани.»

Цересел соназда гьазаваталде

Гъази-муллаца халкъ ахIулеб мехалъ,

Ханзабазул мулкал, гьезул ихтияр,

Квер хъвазе течIого тун букIана гьес.

Мискинаб халкъалъе ритIухълъиялъул

Авараглъун ккана Генуса Шамил,

Гиназзабаздаса, ханзабаздаса

Халкъалъе эркенлъи лъазабуна гьес.

Дун асирлъун вугеб чергес росулъе,

Цо къоялъ гьитIинаб къукъа бачIана,

135

Къукъадул цевехъан цо херав чияс

Халкъалде гьадинаб хитIаб гьабуна:

НакIкIал руго тIупулел,

ТIолеб буго нилъер би.

НагIана гавуразе!

Ла иллагьа иллалагь!

Бегзабазда божуге,

Ханзабахъ гIенеккуге,

Хвел гьечIо бахIарзазе!

Ла иллагьа иллалагь!

Будун-дибир хабар тун

Хвел гьечIеб нухде лъугьа,

Гъазаватги дин ккола,

Ла иллагьа иллалагь!

Тушбабаз нилъер рукъзал

ЦIаялъ къвагъулел руго.

Хвалчаби чархида ккве!

Ла иллагьа иллалагь!

Имамасухъ гIинтIаме,

МугIрул цIум кIодо гьабе.

Низам билълъине гьабе!

Ла иллагьа иллалагь!

Аллагьасул цIар ахIун

ЦIоб тараб кьалде лъугьа,

Кьалда хварав – холаро!

Ла иллагьа иллалагь!

ВатIан цIунарасе – рецц!

Шагьидлъарасе – алжан!

Ислам – нилъер эркенлъи!

Ла иллагьа иллалагь!

Мажгиталъуве ун херав гIалимас

ГIарабалъ цIалана Шамилил ахIи,

Гьеб ахIи рагIидал, асирлъиги тун,

Ана дун эркенаб Дагъистаналде.

Казбекалда аскIор кордонал сверун,

Ризал рохьаздасан, кьураби къотIун,

Анкьгониги къо бан ахиралда дун

Авар Гъойсуялъул рагIалде щвана.

Гъваридаб кIкIалахъе ганчIил киниялъ

Гьаб кIикIулеб буго, лъимер кинигин,

Гьалъул чилагъалккун чанго сордоялъ

Свак тун вилълъана дун АхIулгохIалде.

Ахирги, багIраяб гIодонакIкIулъан,

ХъахIлъи реххулаго, рогьалил гIужалъ

Рагъул цIаялъ цIураб кьварараб улка

Кьурул тIогьалдасан бихьана дида.

137

Лъабабилеб бетIер

Салам дуде, гучаб барсалъул бусен,

ГIасрабаз пирилъун кьвагьдолел парсал,

Сверухъ кьурабазул сиртал гурони,

Сухъмахъ бихьулареб бахъун чIараб ракь!

Гьаниб Аргьуна гIop ццидаххун буго,

Хъудулаго Гъойсу чвахулеб буго,

Чундул рахунарел рорхалъабазда

Муридазул байрахъ парпалеб буго.

Духъ Гуржистаналъул недегьлъи гьечIо,

Кубан авлахъалъул гьечIо гIатIилъи,

Амма бокьула дий, кьварараб улка,

Гьаб дур тIабигIияб тIокIаб гьайбатлъи.

Гъоркьан кIкIуй накIкI гIадин тIибитIун буго,

TIacaн накIкIал кIкIуйлъун роржунел руго,

ХъахIал гIодонакIкIаз радалиде мун

Пардавалъ гIадинан бахчулеб буго.

Дунялалда цебе чIухIдаричIого,

Дурго къисмат гIадин къварид буго мун.

ГъунимегIералъул борхалъудасан

Сверухълъиялдего халккун буго мун.

Гьанир сухъмахънухал, кIичIардулаго,

Зодихъе тIерхьуна, борхьал кинигин.

Гьанир рохьдохъабаз киндай ахIулел

Кьурабазде рахъун унел рехъаби?!

Гьаниб июлалда уна ракъдаллъун

Апрелалда иххал рухъардараб кIкIал.

Хвел гьечIеб гьабуна поэтаца мун,

Амма цоясдацин кIвечIо бичIчIизе.

Цояз мун рикIкIуна алжанул рукълъун,

Цояз хъачагъазул хъалаян тола,

Дидани кидаго кIочене гьечIо

Дуй къисматалъ кьураб кьогIаб гIакъуба.

Эркенлъи цIунарал цIумазул авал!

МагIуялъ чурараб, биялъ белъараб,

Мун Бестужевасул рекIей гIагараб,

ГIицIал кьурабазул кьер пашманаб ракь!

Хурул бачIин гьечIеб ганчIилаб тIалъи

ТIолго улкабазухъ кьеларо дица...

Дагъистан, дур къисмат декабристгун

Даимго цолъизе цо дур изну кье!

* * *

ТIогь хъахIал мугIрузе саламги гьабун,

Хонжрол тIагьиялда квер лъуна дица:

МугIрул щобги къотIун тIаде вачIунев

Лъабго магIарулав вихьана дида.

Гьазда гьоркьов цояв гъежтIа лъимергун

ХIурул цIураб чухъилъ вачIунев вуго,

Гьесул караматаб согIаб сипаталъ

Хасияталъул гуч бицунеб буго.

Цогидав кIиявго гьесда хадурккун

Свакалъ хIалицаго рилълъунел руго.

«АхIулгохIде кисан ани дун кколев,

Имам кин ватулев?» – цIехана дица.

«Хъала биххун буго, АхIулгохIалда

ГIурусазул байрахъ парпалеб буго.

ЦохIо ниж дагьалго гьалмагъзабигун

Гъазаваталъул борч тIубалел руго».

«Кивха имам вугев?» – «Щибизе имам

Гьесул ракь толарел талавуразе?

Хадубги лъай Шамил божуларевлъи

Лъутун аскар тарал хIалихьатазда».

Дица бицана: дун пачагун вагъун

Петербургалдаса вачахъанилан,

Дун гIурусав вугин, амма магIарул

Эркенлъи цIунизе хIадурав вугин.

«Вилълъа – ян абуна нухлулас дида, –

Дица Шамилихъе щвезавила мун,

Амма МухIаммадил умматгин дуца

Унтигин захIмалъи баччизе ккола.

Аллагьас нилъеда тIад къалеб буго

Къварилъи цадахъал цолъун рагъеян!»

(Хадуб дида лъана: Декабиралъул

Лъугьа-бахъин гьазда рагIун бугеблъи).

Дида Дербенталда лъалел рукIарал

РакIалде рачIана дагьал рагIаби.

Цоцазе сабругун, сухъмахъал къотIун,

Къанилал парсахъан ана ниж цере.

Жеги гIурусазда лъалареб нухккун

Рорхатал мугIрузде гьабуна сапар;

Гьав дир нухлуласул гьерсал ратичIо:

Росулъе щвана ниж лъабго къоги бан.

КъватIахъ киса-кибго рагIулеб буго

Рагъде хIадурулеб халкъалъул хъуди,

Илхъилъан рачарал чуязул хIихIий,

Къебелъухъ чухIулеб чарамул зваргъи.

МугIрузда гьоркьосан гьагьаб къварилъухъ

Игитал рихьула риччан чуялгун,

Кьураби гьаргьалеб гьезул кьалул кечI

Кавказалъул зодихъ буго боржунеб.

Мажгиталда цебе жамагIаталда

Ниж аскIоре рачIин бихьичIин ккола.

РичIун гужгат биччан, керенги бухун,

Ворхатав бег вуго халкъгун кIалъалев:

«Нилъер ругъналъан би бецIцIулеб буго,

Ханжар гуро, гIанса хIажатаб гьанже,

Гьагал гIиял гIадин гIантгойищ чIелел

Гьал мугIрузул шагьлъун Шамил ккезегIан?

ТIун бачIунеб гIазул гIанси гIадинан

ГIурусазул боял тIаделъун руго.

Нилъер мажгитал гьез риххулел гьечIо,

Нилъ рагъани – жужахI, рекъани – алжан!

Гьелгун нилъ цолъани лъикI ккелародай?

Дица абулеб жо битIараб гьечIищ?»

«ЙохъI» – илан кIанцIана дунгун вукIарав

Нухлулав гьебсагIат халкъалда цеве.

ЦинтIаго сасана росдал жамагIат,

ГIажаибго свараб сихIкъотIи ккана,

Каранде гьитIинаб лъимерги къан гьас

Къваридаб халкъалде хитIаб гьабуна:

«Гьав хIалихьатасухъ гIенеккарал нуж

ГIенеккея гьанже дир каламалъухъ.

Гьасдаго релълъарал бегзабаз гурищ

Газуразе нилъер низам бичараб?

Нилъер хIал бихьулеб къо бачIун буго,

Къойил хияналъи хадуб чIун буго.

АхIулгохI тушманас щущахъ бан буго.

Биялъ нилъер мугIрул багIарлъун руго.

ГIурус рахсикь вуго, амма гьев кьварун

Кьалулъ гIумру кьезе хIадурав вуго,

Эркенал нужеца нужерабго иш

Инсул ханжар борхун цIунулеб гьечIо,

Нужер лъималазе эркенлъи кьезе

Кьуна аманатлъун дица дирго вас.

Къо щвани – къурбанлъун гьавги гьавила,

Амма дун хвалченгун ватIалъиларо.

Биччанте бицине ццидалал мацIаз

МагIарухъ эркенлъи холеб бугилан, –

Хвалил сагIаталде гIагарлъанагIан

Хиралъулей эбел жеги васазе.

Дун божарав вуго, – Аллагьу акбар! –

Ина, къина дагIба къватIул гьой гIадин.

Нилъ бергьине ккола, гурони хола

МугIрузул эркенлъи – инсул хазина.

ЦIунизин сабруги сунареб яхIги,

ГIалам бижарасде божиги хьулги.

БахIарчилъиялъги вацлъи кквеялъги

Нилъеде буссина бичаясул цIоб.

Нилъ хIинкъизе гьечIо гьал бегзабакьа,

Бергьинеги руго ракIал жураялъ.

Пача тун, нилъергун гьудуллъиялде

Гьесул хъулухъчагIи руго рачIунел.

Гьале нужей мисал!» – гьединги абун

Гьес дун муридазда вихьизавуна.

МагIарул васазул саламги гьабун,

Дие чу бачеян буюрухъ кьуна.

Цинги муридазул кьеразда гъорлъан

Дида аскIове щун, дихъе квер кьуна:

«Дуй сайгъат гьабураб бартиялъ гIадин

МугIрузе ритIухъго хъулухъ гьабе!» – ян.

«Нагагь мун ватани витIарав жасус,

Жабго те, гIурусав, гьодораб хиял,

Ццидалал, хъерщолел, рекIкIал борхьазе

Борхарабго хвалчен магIарулазул,

Ва гьал кьурабазде рахарал васаз

Араб къисматалъе къолъикI гьабула!» –

«Дун хилиплъиларин, – абуна дица. –

Имам кивха вугев?» – «Имам дун вуго».

Ункьабилеб бетIер

Солдатасул къисмат нахъойги босун,

Мискинаб улкагун цолъун ккана дун,

Цебе рикIкIадасан лъалеб букIараб

Гьелъул къадар дица къотIун бикьана,

Къваридал, рорхатал, согIал парсазда

Апараг-декабрист ккана тархъанлъун,

Рагъул билхъа бугеб чияр ракьалда

Мундир гIодоб рехун ретIана чухъа.

Къвагьулеб гумпарул кIкIуйдулъ лъун ругел

Къваридал гьал къватIал рокьана дие,

Рокьана рекIее кьураби, мугIрул,

ГIагарлъун лъугьана дий магIарулал.

Лъейин абе бугьтан борхьилал мацIаз

Бищун талихI къараб мугIрул халкъалда,

Дицани абила: мугIрул росаби

Руссенлъун рукIанин эркенлъиялъе.

«ГIурччинаб къотIносан» цо-цо гьанире

Лъутун рачIунаан драгун, егерь,

Ва гьал кьурабазда рукIелги гьабун

Пачаясде хвалчен бахъулаан гьез.

Гьанир гIумру гьабун ратана дида

Россиялъул васал, къисмат бигъарал,

Солдатазда гьоркьоб сонал арав дун

ДагIба тун восана гьез жидер гъастIе.

Цо лъагIел сверигун гьаб гIypyc росулъ

Солдатаз бетIерлъун тана дун вищун,

Ва щибаб рогьалилъ рагъул къарнаялъ

Рачуна нижее эркенал бакънал.

* * *

КъолъикI, чIалгIараб чалта,

КъолъикI, тушманав пача,

КъолъикI, рихараб куцай,

Каторгалъул сухари!

145

Абадиялъ хъваларо

Хьопол тIил солдатасда,

Гьелъий гьа балеб буго,

Васал, нужер бетIерас.

ГIурччинал гIалахал тун

МугIрузде нилъ рачIана,

ГIагараб ракьалъ нилъей

КьечIо рекIее хIалхьи.

Аргъуналъул рагIалалъ

РатIа тIун те ватIангун,

ЧIахъаги драгунал,

Шамилил драгунал.

ЦIорораб ганчIил бусен,

Басрияб добго шинель –

Шамилил бо буссунеб

Сверуда солдатасе.

Амма, къандалъо гIадин

ГIарададул гуллаги

Къаданиб лъун, ганчIазда

ТIадги кьижила солдат.

Ургъелалги рехун тун

Рилълъина нилъ церехун,

Нахъе нух батаниги –

Нилъ нахъе руссинаро.

Биччанте сородизе

Топазул хъуялъ кIкIалал,

Хъазмил xIapa биччанте

Балагьизе нилъеде.

AxIe цо кечI, гIолилай!

ГIурусазул солдатал

Жакъа къалде иналде

Кьурдилин гьаб Веденор.

Къуле, хъазахъай Ганя,

Жакъа мун дир гарбиде,

Дие хъвараб сухъмахъалъ

Сапаралъ йилълъа цадахъ.

Нилъее бикьун щвараб

Гьаб кьогIаб къисматалда

Дир ахират щвезегIан

ЙикIа дие гьудуллъун!

Кьурабазе рецц гьабе!

Рогьалилъ Марлинскияс

Маххул рахас гIадинан

ГIуцIцIилеб нужер низам.

МагIарда борхун бугеб

Эркенаб байрахъ цIунун,

Арал соназго гIадин,

Ина нуж гьужумалде.

147

Биччанте нилъ къисматалъ

КъватIире гъун рукIине, –

КIоченаро нилъеда

ГIагараб инсул ватIан.

Кьалда нилъ къуркьиларо,

Къадаралде щолелъул

ГIагараб кечIги ахIун

ДандчIвала хвалил сагIат.

Жеги гьал кьyрабазда

Кьвагьи гIемер рагIила,

Рагъ жеги лъугIун гьечIо,

Бергьенлъи цебе буго.

Щуабилеб бетIер

Гьеб мехалъ рорхатал мугIрул росабалъ

Рагъул цIа дагь-дагьккун букIана сунеб,

Бегзаби руссана гIурусаздехун,

ГIарцуда бер лъуна цо-цо наибаз.

ЦIаялъ хурзал рухIун, хъачагъал гIадин,

Хъазахъал рукIана ракьал тирулел,

Рес къотIун чачаназ аманаталлъун

Ана Граббехъе кьун нахъойги васал.

Кьалул кIкIуй рештIарал гьал кьурабазда

КIкIуйгун цадахъ хвелги рештIунеб буго,

ЦIа тIамун къвагъарал мугIрул росабалъ

Мискинлъи гьардезе сверулеб буго.

Кколаан халкъалъул къуват лъугIанин,

Лъалиниб лъун танин бекараб ханжар,

Жаназа босичIеб рукъ хутIичIелъул,

Къуланин эркенаб улкаялъ бетIер.

Ва кIикъоабилеб сон тIаде щвейгун

Сентябралъ рана топазул цIадал,

ГIарададул хъуйгун Авар мугIрухъан

РештIана тIарикъат чачан ракьалде.

Имамас халкъалде хъван ана кагътал:

«Роххалида руго гIypyc сардарал,

Росаби цIа тIамун къвагьулел руго,

Къваридго кьураби угьдулел руго.

Мадиналде арав авараг гIадин,

Ана дун щобал тун тушбабаздаса,

Амма къо ккедал халкъ теларо реххун,

Рагъде нуж ахIизе дун хIадур вуго.

ГIешдерил магIарда байрахъалги чIван,

Къуркьи гьечIел дица ахIулел руго!

ДагIба-къец къотIизе къуват хIадуре!

МухIаммадил щвелин нилъей шапагIат.

Кьуватаб, цолъараб букIине буго

Гьаб магIарул улка! Амру бичасул!

Макка-Мадиналъун лъугьаян абе

ГIагараб ракьалъе Даргъо-Веденуб!»

Хирияв имамас бараб ахIигун

МугIрузда свердана херал муридал,

Росабалъ гIолилал данде ракIарун

Ругънал ригъуледухъ калам гьабуна.

Дирги хIукму ккана, гьадин пачаяс

Имамасул агьлу къварид гьабидал,

Къо ккедал гьазие хилиплъиларин,

ХвезегIан мугIрузул рахъ ккун вагъилин.

Цо квералъ къуръан ккун, цоялъ хвалчен ккун

Чачаналде цIана нижеца боял.

Чапарлъун букIана тIухьидул гулла,

Тилмачлъун лъугьана чарамул ханжар.

Воронцовгун рагъал рохьазде щвейдал,

Дир гьудулзабазде кьалул хIал ккедал,

ГIоралда кьо рехун, нухда сангар къан,

Къана улкаялде каваби дица.

Ансадерил росулъ чIабтIил хер гьабун,

Рохьазда махх биун гIарадаби тIун,

Корпусалда лъарал рагъул гIелмаби

МагIарул васазда малъана дица.

Ццидаххун чваххулеб гIурул рагIалда

ГIарадабиги лъун борхатаб кьурда,

МугIрул лабаллъуда ризал рохьазда

Муридзаби тана рихьуларедухъ.

150

Гьал парсахъ гъурулеб аскар бихьидал.

Сородизе бана жибго Петербург;

Шамилий ритIухъав мугьажирасул

МагIарул ракьалда тIибитIана цIар.

Цо кьурул ахада буртиналда тIад

Дун дир ВатIаналъул пикрабалъ вуго,

РикIкIада хутIараб Петербургалда

Дир гьалмагъзабигун данделъун вуго.

Полкалъул накъира рагIула гIинда,

ГIагараб тахшагьар щола ракIалде,

Рихьула сипатал гьудулзабазул,

Дирго арал къоял рачIуна цере.

Жеги дойго Анна йигодай доя

Мармарул кIалгIабахъ кьурди бахъулей?

РекIее бокьулеб, огь, пашманаб вальс!

НекIсиял макъналгун некIсияб кадриль!

ГIагараб инсул ракь, бокьулеб ВатIан!

Дун ракIалъ ахIула кидаго духъе.

Дун чIалгIунев вуго гьудулзабазухъ

Чияраб, эркенаб гьаб авалалда.

Кинго тIад вуссине хутIун гьечIеб нух!

Хиялал реххун тун инин чабхъаде!

Чуризин чагъиралъ чорхол къварилъи,

Рохалий бахъизин магIарул кьурди!

151

Рокьуларо дие гьанжени вальсал,

ЦIаларо дун ракIалъ гьанже балазде,

НекIсияб кадрилалъ хисиларо дий

Хириял мугIрузул хехаб лезгинка.

Гьелъин гьоркьо-гьоркьоб магIарул росулъ

Цин-цин уздензаби данделъарабго,

Диеги рокьулел гьаб Кавказалъул

Каранлъ риун тIолел тIокIкIарал бакънал

Гьаб лезгинкаялъул хехал накабаз

Ккола Кавказалъул сипат босулин,

Каранзулъ цIилъулин дир гIолохъанлъи,

Нахъойги рекIунин рекIелъ добго цIа.

МагIарул кучIдул дий гIагарлъун руго,

Дица гьазул бакънал ахIулел руго,

ХIасратго бахъулеб гьазул кьурдиялъ

Дир гIаданиб гIакълу сверулеб буго.

Рахъарал хвалчаби, чабхъадго гIадин,

ГIолохъабаз цоцалъ кьабулел руго,

Кьурди бахъулелъул гIолилазул гор

Гургинаб борохьлъун кунчIулеб буго,

Гьайбатай цо гIолил ясалда сверун

Кьурдухъанас кIанцIур бачунеб буго,

РикIкIада мугIрузда дандерижияз

Гьазул гьаркьал такрар гьарулел руго.

152

Кьурде, кьурде, мурид, гьудулзабигун

Чармил хвалчабазул чвархъиялда гъоркь!

Кьурде, кьурде, мурид, дур лезгинкаялъ

Гьаб дир кереналъе лъугьунин хIалхьи.

Баче, баче зурма, зурмихъан, жеги

Жаниб кереналда ракI кIанцIоледухъ!

ЦIадуда беролеб букIунеб гьаб черх

Чуризин бакъназул чваххиялда гьоркь.

Гьаб дир черхалдаса pyxI босулелъул,

Дир бидурихьазулъ би цIоролелъул,

Дида къаданиве вачIун цо къоялъ

Къуватав ГIазраил гIодов чIолелъул, –

Хочол балацадай дир ракI борлъилеб,

ТIухьидул гулладай дир каранлъ къалеб? –

Лъаларо, лъаларо, амма бокьила

Хвалил лахIзаталъ гьаб кьурди бихьизе.

Ахират цо буго дуниялалда

Киназего къотIун къадаралъ кьолеб,

Ракьулъ дун вукъулеб лахIзаталдаги

Лезгинкадул раче накаби дие.

Биччанте гьабизе гьалагаб кьурди,

Кьолеб садакъалъун букIа абе гьеб.

Хварав чи вахъунеб къуват батани,

Дун лезгинка рагIун вахъина тIаде.

Бестужевасул хъвай-хъвагIаязул ахир.

153

КIИАБИЛЕБ БУТIА

Т

Iоцебесеб бетIер

Араб гIасруялъул ихдалил къояз

Тифлисалъул къватIахъ рохелги хъуйги,

Ва духанщиказул гъоркьарукъзабахъ

Зурмил къвакъвай къотIун гьечIо хутIулеб.

Армяназул базар. Байдабахъ дарам.

Махсаро-ихтилат, ахIулел кучIдул.

Навтлуг-Харбухьалда, Авлабаралда

ГIадада тирулел гьал гIолохъаби.

Радал шагьаралда къватIалги сверун,

Къалъуде ахазде буссунаан халкъ;

Кахетия-цIолбол чагъирги босун,

Чинаридул рагIдукь гIодор чIолаан.

МаркIачIул гIужалда, бер киб чIваниги,

Киналго гордазда гвангъула канлъи,

ГIицIго бецIлъудасан бихьула цохIо

Давидил монастырь Мтацминдалда.

Гьедин унаан май. ТIасияб моцIалъ

АнцIила щуйиде моцIрол гIуж лъейгун,

Бакъалъ багIарараб Тифлис шагьар тун

Рес бугел унаан имениязде.

154

Гьединго гиназай Чавчавадзеги

Гьелъул яц Варвара Орбельяниги,

Цадахъ гIолохъанай Ниноги ячун

Рахъана Алазан гIурул рагIалде.

* * *

НекIсияб Телав тун, сухъмахънух къотIун,

Анкьго версталъ ани буго цо кьуру,

Гьеб кьурул ахада араб векалда

БукIана кIудияб, басрияб мина.

КвегIаб рахъалдехун – чваххун унеб гIop

Кваранаб рахъалда – рорхатал мугIрул,

Миккил гъотIол рагIад,

сверухъ гIурччинлъи,

Минадул къадазде харун унеб хер.

Гьал къадаз чIухIана гиназ Герсеван,

Гьесул ирсиласе щурана кучIдул,

Чанги ракIариял рихьана гьазда,

Гьаниб хIухь бахъана Грибоедовас.

Гьале гIолохъанлъи нахъойги гьаниб,

Гьундул гвангъун руго ракарал цIаяз.

Гьаб Цинандалалъул некIсиял къадал

Бикабазул нур бан берцинлъун руго.

ГIурус пачаясда аскIоб ругьунаб

Георгий-ханасул гьаб наслуялъул

155

Ясазул рекIее бокьула рохел,

Бокьуларо гьазий ракIгъечIеб чIалгIен.

Жасминалъул рагIдукь гIодорги рукIун,

Цоцазе рицунел берцинал харбал!

Тира-сверулаго сверулел къоял!

Къварилъи гьечIого чваххулеб гIумру!

Цо-цо зобал гъугъан цIад балеб къоялъ,

ЦIорол рагъиялда гIодорги рукIун,

ЦIалулаан гьазий Жорж Сандил тIахьал

Мадам Дрансеца франг мацIалда.

Нусабго сон барай Маринацаги

Рицунаан гьазий хIикматал харбал –

Гьаб хъала барасул камиллъабазул,

Кавказго чIухIарал багьадуразул.

Халатал соназул нур барай гIадин,

ГIасруялъе нугIлъун йиго Марина;

ГIиракъли-ханасул ва Герсеванил

Харбаз гIолил ясал руго хIайранлъун.

ХъахIилал зобазул, унго, гъварилъи!

ТIегьалел ахазул, унго, берцинлъи!

БачIун буго хабар: хеккого Давид

ВачIунев рагIулин вуссун рокъове.

Доба лезгиязул рагъул мухъалда

Хъулухъалда гиназ гIемерал соназ,

156

Гьав бетIерлъун вугеб гуржиязул полк

Хъаравуллъун буго Кахетиялъе.

Бикаби хIинкъула цIад балеб къоялъ,

ХIинкъи гьечIей Нино яхъуна къватIий;

КъамартIаб, борхатаб чодаги рекIун,

Къойил свердула гьай сверухълъиялда.

ЯцIцIадай, йитIарай, хIалхьи лъаларей,

ХIинкъи гьечIей гьалъул чIухIараб гIамал!

ХъахIлъи реххулаго, чухъаги ретIун,

РикIкIаде уна гьай гьарабагъалда.

Гьалъул керен цIала эркенлъиялъе,

Пикрабалъ вокьула гьалъий Печорин.

МутIигIлъи лъалареб гьаб хасияталъ

Хъизан ургъалилъе ккезе гьабула.

Гургинаб гъежалде туманкIги рехун,

МугIрузда тирулей щайзедай Нино?

МагIарулаздаса я барсаздаса

ХIинкъичIого щайдай гьай уней йигей?

Чодул тIикъвабазул рагIула гьаракь,

Гьурилъун боржунеб бихьула айгъир...

Кие уней йигей гьай амазонка?

Кинаб балъголъиялъ цIалеб гьалъул ракI?

Цо магIарда буго биххараб кIалгIа,

ЛъагIелаз гIаданго жанив щолареб.

157

Щибаб къоялъ Нино цо бихьулареб

Балъгояб сухъмахъгун щола гьание.

Щайзедай ячIуней гьание Нино?

Гьал чIунталил чIвадназ щибдай бицуна?

ТIогьол расалъидай гьалъий хирияб,

Рорхатал мугIрулдай рекIей гIагарал?

Ясалъул рекIелъе рештIународай

РикIкIадаб Петербург, тараб институт?

БачIунебдай цебе маскарадалда

Цо магIарул васгун кьурдараб сордо?

Алазан гIop бахун Дагъистаналде

Сухъмахъаз рачуна гьал кIкIалабахъан

МугIрул ракь хIайранаб доб Веденоре,

ХIикматаб, чIухIараб доб Хьаргабире.

Дол мугIрузда гIуна гьалъул «Мцыри»,

Аманатлъун арав имамасул вас,

Гьалъул ракI бортарав, рекIей гIагарав,

РикIкIада хутIарав хирияв корнет.

Балагьун йиго гьай гьадал мугIрузде,

РакI кIалъалеб буго Жамалудингун,

Доб Дагъистаналда гьесул инсуца

РакIарулел руго рагъде аскарал!..

158

КIиабилеб бетIер

Гьале къого соналъ эркенлъи цIунун

ЦIа боркьараб кьалда гьав вагъаниги,

Жеги имамасул черх чучун гьечIо,

Чаран-кьуру гIадин гьав къвакIун вуго.

Рукъалабаз цIураб гужгат ретIарав

Денгал МухIамадил мискинав васас,

Муса-аварагас некIо халкъ гIадин,

Росаби ахIана ритIухъаб рагъде.

Бегзаби, ханзаби нахъе рачахъун

Халкъалъе гIуцIана гьас цIияб низам,

Гьесул байрахъазе щвана бергьенлъи,

Падишагьасе гьас къотIана нухал.

Гъази-муллацагун ХIамзат-имамас

Васиятлъун тана гьасие хвалчен,

Къварилъи лъалареб лъадарараб халкъ

Къого соналъ гьале буго багъулеб.

Гьаб эркенаб ракьгун гьудуллъи бокьун

ИстIанбул гьасие буго хIелулеб,

Гучаб Портаялъул пачалихъалъцин

Шамилида кумек гьарулеб буго.

Хъирималда рагъул захIматал къояз

Гьасухъе султIанас ахIи бан буго,

159

Имам Шамилица Гуржистаналде

Гьужумалъ Данялбег витIулев вуго.

Цо гIурул рагIалда сордоги рогьун,

Радалиде хъахIлъи реххулеб гIужалъ

МугIрул габурлъухъан Гуржи рахъалде

Байрахъал раккана магIарулазул.

МагIардаса тIураб гIанси гIадинан

Гуржиязде буго бачIунеб хабар:

Муридзаби щванин Кахетиялде,

Телавури тIаде гIунтIулел ругин.

ЧIухIарал бикаби пашманго руго,

Пашманлъарал ракIал щаклъуда руго:

Щоларев кин гиназ Цинандалалде?

Нух къотIундай бугеб муридаз гьасий?..

Харил кIкIуй бихьула расалъиялда,

РагIула рикIкIада туманкIул кьвагьи.

Тушбаби гьанире рачIине гурин

КъачIазе лъугьана сапаралъ ясал.

Гьале азбаралда рагьдателзабаз

Гьаказда тIад лъолел рихьула гъансал,

Лъимал пайтоназда гIодор чIун руго,

Бикаби рекIине хIадурго руго.

Гьеб мехалъ ахикьан рагIана гьаракь

Муридзаби ругин гьанир гIагарлъун,

МагIардасан щвараб хехаб гIор гIадин

Минаялда тIаде бачIана аскар.

Щай гьанже гIадада кватIараб ахIтIей,

ХIинкъарал гьаркьалги гьал лъималазул?

Муридзаби щванин Цинандалалде,

Нухал къотIун ругин асирлъаразе.

Гъурараб цIералъул цIун буго авал,

Азбаралде щущан бихьула цIарагI,

Минаялда жанир лъугьун муридаз

Ралагьулел руго гьенир руччаби,

Гьале тIуна нуцIа. Кьер тIурал ясал

Соролел рихьула рукъалъул бокIнилъ,

КIиго магIарулас рухI лъугIарал гьал

Рагьде азбаралде рачунел руго,

Амма щивдай гьадав цо пашманав чи,

Пашманго валагьун вугев ясазде?

Гьал муридзабазе тилмачлъун вугев

Чияравин ккола гьезда гьоркьов гьав,

Талавиялдаса намуслъун гIадин,

РагIи абуна гьас фаранг мацIалда,

Бикаби хIурматгун цадахъ рачеян

ХъачIал муридазе амруги кьуна.

Амма гIедегIарав Данялбегица

Хехго нахъ руссине амру кьун буго,

ЦохIо лахIзаталда хехал айгьирал

РикIкIаде хIурулъан тIерхьунел руго,

Тилмач гьеб мехалда гьаб минаялъул

Кабинеталъуве лъугьунев вуго,

Гьенир полкабазда лъурал тIахьазда

ТIаде гIедегIунго къулулев вуго.

ТIахьазул жилдазда квералги рахъун,

Хехго гьас хулжахъе гьел ралел руго,

Каранде «Цыганал» поэмаги къан,

Къваридго гьев чоде вахунев вуго.

Гиназасул мина чIобоголъана,

Бикабигин Нино, лъималгин Дрансе

РикIкIаде, рикIкIаде, кIкIалал, мугIрул тун,

РекIараца хъамун рачун ун руго.

ЦIа тIамун Цинандал къвагъулеб буго

Къаси сардилъ зобал багIарлъун руго,

Давид-гиназасда рокъове щведал

Я чIужу, я лъимал ратулел гьечIо.

ЧIварав чиясда тIад тIутIал гIадинан

ГIицIго боржанхъулеб бихьула рахъу,

Йихьула, ганчIида гIодойги йикIун,

КIиго херай гIадан гIодун хьандолел.

Нусго сон тIубарай херай Марина

Соролаго йиго рас бетIун балей,

ТIад ругел зобазда гьардолей йиго

Асирлъуде арал руссинареян.

Ракьаххарал квераз керенги бухун

Чорхол pyxI тIоледухъ ахIтIолей йиго:

«Щайдай, Давид, щвечIев мун кумекалъе

Балагьалде ккараб гьаб хъизамалъе?!»

Амма сверухъ инсан вихьулев гьечIо,

Чабхъен, мугIрул тIогь тун тIерхьун ун буго

ГIицIго кьурабазда дандерижиялъ

Гьалъул гIоди такрар гьабулеб буго.

Льабабилеб бетIер

«Гуржи-мусудулги асирлъун рачун

Муридал тIад руссун рачIунел руго!» –

Гьеб хабар рагIидал тIолабго росу

Росдал годекIаниб бакIарун буго.

Гьаб рохалил хабар, халкъалда лъазе,

Уздензабаз хекко цоцахъе кьола,

Бихьинал, руччаби, хараби, лъимал

Бикаби рихьизе рачIунел руго.

ХIарщуцаги рацун, хIуруцаги цIун,

ХъахIлъун рахъун руго гуржи-мусудул,

Халатаб сапаралъ нухда свакарал

СихI тун къисматалъухъ балагьун руго.

Асирлъарал ясал ургъалилъ руго,

Гъаримал ракIазда цо хIинкъи буго:

Базаралде рачун, турказ кинигин,

Ричизе гурин жал гаремаздеян.

Ираклий-ханасул наслудал лъимал

Лагъзаллъун ккеладай магIарулазул?

Араб гIумруялъул рахIатги рехун

Муридазда аскIор гьал херлъиладай?

Амма имамасул хирияй чIужу

ЯчIана цинтIаго гьазда аскIое,

ГIypyc мацIги бицун ШугIайнатица

ГIакъуба бихьарал рачана рокъой.

Ракъарал гьазие квен-тIехги гьабун,

ГьитIинал лъималгун недегь кIалъана,

Нухда свакарал гьаз хIалхьи гьабигун

Гьазие жиндирго къиса бицана.

ШУГIАЙНАТИЛ ХАБАР

Аллагьас имамасе

Ункъо лъади кьун йиго,

Гьезул бищун гIагарай

ГIолохъанай гьай йиго.

Биччанте цогидазул

Месед цIикIкIун букIине,

ЦIвабилъун гьел ратани,

МоцIлъун ШугIайнат йиго.

Лъимер гIадин йохарай,

РакI гIатIидай, гIедерай,

ГIарцул цIурмил гIадинаб

РоцIцIараб гьаракь бугей.

Гьалъ гьинал ракI бахъарав

Чан магIарул наибас

Чанги гьалъухъ балагьун

Угьун хIухьел биччараб!

Бечелъи гIемер бугев,

ГIиязул гIалах цIурав,

Моздокалда цIар арав

ВукIана гьалъул эмен.

Бищун кIудияб рохел

Улуханов Иваний

Аннайилан цIар бугей

Ясалдаса букIана.

Гьелъул берцинлъиялъул

Бицунаан гIолилаз,

Кибго гьай армяналъе

Халкъалъ гьабулаан рецц.

Цо къоялъ Шамилица

Наиб Ахъбердиласе

165

Терек бахун чабхъаде

Аян амру кьун буго.

Балъго чабхъен хIадурлъун,

Цо сордоялъ муридал

Лъидаго рихьичIого

РачIана Моздокалде.

ГIемер мусудул ана

Доб сордоялъ гьез хъамун,

Улухановасулги

Ана яс асир гьаюн.

Наибас чол кьолоний

Лъуна гIодулей Анна,

ГIагараб ракьалъул кечI

РагIичIо тIокIаб гьалда,

Цо къоялъ нахъарокъой

ГIодой чIарай Аннада

РагIана чодул тIваркъи

Ва имамасул гьаракь.

Рихьана гьевгун цадахъ

Кьварарал муридзаби,

РагIана гьез ахIулеб

«Лаиллагьа иллалагь!»

Гьасул бербалагьиялъ

Асирлъана даим яс,

Имамасул нухде гьалъ

Реххун ана гIалхул тIегь.

Гьав аварагасулги,

Ясалде бер кIутIидал,

РекIеда асар лъуна

ХIасраталъул бухIиялъ.

КигIан Улухановас

Месед гьалъухъ кьуниги,

КьечIо имамас нахъе

РекIей хиралъарай яс.

ГIагарал вацаз гьалъий

Лъутизе нух батана,

Вацалцин кIочон тарай

Анна Шамилгун чIана.

ШугIайнатин цIар босун,

Къуръаналда кверги лъун,

Ккана гьайбатай Анна

Имамасул лъадилъун.

ШугIайнатил абурав,

БахIарчияв хорунжий

Хвана цо гьужумалда

Сунжа гIурул рагIалда.

ГIолилай эрменияй

МугIрузде ругьунлъула,

167

Имамас гьейгун цадахъ

Цо-цо къоял тIамула.

ГьитIинаб миккиялда

МугIрул цIум релълъунаро,

Амма Шамилий даим

МутIигIлъана гьалъул ракI.

Гьоркьо-гьоркьой пикрабалъ

Моздокалде щола гьай,

Гьеб мехалъ гIолил ясалъ

Угьун биччала хIухьел.

Къисматал хисардула

Рохел ун балагь щола,

Амма ШугIайнатида

Шамилил ракI божула.

Ункъабилеб бетIер

Чадраялъ руччаби лагьлъуларилан

КигIанго ШугIайнат гаргаданиги,

Гуржиязул ясал гьаб къисматалъул

Къадар бачIиналъухъ балагьун руго.

Щуабилеб къоялъ къалъул гIужалда

ЖамагIаталъул хъуй рагIана гьазда:

РикIкIад чабхъад арав имам аскаргун

Росулъе тIад вуссун вачIунев вуго.

Пашманал хиялаз, пикрабаз ккурал

Радал Шамилихъе гьал унел руго,

Гьазий хIурмат гьабун гьалгун ьукIарав

Довго тилмач гьазда вихьулев вуго.

Гьесул гьумералда ургъелаз лъурал

ЛъалкIазул сухъмахъал рихьулел руго.

Сахлъи кин бугебан, нух кин тарабан

Имам Шамил гьазда кIалъалев вуго.

Бика Чавчавадзе:

Имам, ниж унтун гьечIо,

Амма пашманго руго,

Ниж эркенлъуда тезе

Дудаги тIадаб буго.

Лъималгун руччабазе

ХIинкъи кьей гьунар гуро,

Гьел сурукъал мурадал

Дур тIурай щакаб буго.

Шамил:

Гьелъул гьикъе дуца Данялбегида,

Наибзаби кьалда эркенал руго.

Дир муридзабазе ракIалда гьечIеб

Рагъул балагьалъ нуж кодой кьун руго.

Бика:

Гьаб асирлъиялдаса

Ахиратго бокьила,

Я ниж тархъанлъуда те,

Я чIвайилан лъазабе.

Шамил:

Тушбабазе – къуват, къуразе – рахIму

ХIакъикъатлъун ккола дир низамалъул,

НекIо дир халкъалъ нуж тархъан телаан,

Амма жакъа буго цойги къваригIел.

Къуватав тушманас дир талихIкъараб

Халкъалъе къварилъи бикьулеб буго,

Бакъараб, мискинаб магIарул ракьалъ

Багьа кьечIого нуж риччан толаро.

Бика:

Бице нижеда багьа,

Гьелда бан иш батани,

БачIина дуе месед,

Асирлъи тун ина ниж.

Шамил:

Эркенлъи кьуралъухъ багьа – эркенлъи,

Гьеле имамасул аслияб закон,

Сардарас халкъалъе налъиги буссун

170

Биччанте буссине инсуеги къарз.

МагIарухъ эбелалъ гьулакги кIикIун

Эркенлъуда гIурав тIоцевесев вас

ГIурусаз АхIулгохI босулеб къоялъ

Аманатлъун кьуна дица нужее.

Ккараб балагьалъе сабруги гьабун,

Соназ вукIана дун гьесухъ балагьун,

Гьанже къисматалъул сагIат щун буго,

Вас инсул рокъове вуссаян абе.

ГIашилтIа гIораллъун би тIолеб къоялъ

Бусадаса бортун араб цIудул тIинчI

ТIад буссун бачIани инсул ракьалде,

Рокъоре нуж ине кьела ихтияр.

Бика:

Тахида аскIоб гьесда

Эмен кIочон вугодай?

Асирлъарай Нинолгун

Гьесул ракI цолъун бугин.

Шамил:

Къуръан-хIадисалъул цIвабзалъ гьавурас

Хисулареблъи лъай хъанчазухъ ислам!

Яс чанги ятила нижер мугIрузда

Жамалудиние лъадилъун тезе.

Амма Ниное гьев жавгьараздаса,

Месед-гIарцудаса цIикIкIун вокьани,

Йокьулей нуслъун гьей лъугьаян абе

Имамасул рокъой, къуръанги босун.

171

Бика:

Дур исламалъ руччаби

Лагъзаллъун тола, имам.

Лъудби гIемераб рокъоб

ГIищкъу букIинищ, Шамил?

Шамил:

Мун йитIарай гьечIо. Нижер законалъ

РитIухълъи цIикIкIуна гьерсида данде,

Ихтияр кьуниги лъудби рачине

Исламалъ тIадаблъун гьеб рикIкIунаро.

Пачагун рагъизе дихъе рачIарал

ГIурус солдатазе изну кьун буго

Гьезухъ рокьи ккарал магIарул ясал

Дир шаргIалда рекъон, лъудбилъун тезе.

Бика:

Нижер наслу бацIцIадаб,

Дуе асирлъаниги,

Россия хисаразул

Нухдасан ниж инаро,

Эркенлъуде кигIанго

Нижер ракIал цIаниги,

Гьал мугIрузда гIазабал

КигIанго рихьаниги,

ХIалихьатазул бутIа

БотIрода тIаде босун

172

Бичиларо нижеца

Дворяназулаб герб!

Шамил:

Къадру-хIурматалъул, яхI-намусалъул

Бицине кин кIолеб нужер кIалазда?

КIудияб хIурматлъун гуребдай нужей

Пачаясе нужер халкъ бичун букIин.

ХIинкъиялъ соролел лагъзал кинигин

Рукъзабахъ рахчун чIей хиянат гурищ,

Шагьасул гIаштIицин бекун рехараб

Халкъ пачаясда гъоркь угьдулеб къоялъ?

Чиназухъ, меседихъ ва медалазухъ

Намус-яхIги бичун кIалъалел ругел,

Мискинаб нужерго халкъалдаса нуж

ХъахIав пачаясул хучдуз цIунарал,

Гьеле нужер намус, къадругун хIурмат,

Гьеле дворянал Гуржистаналъул!

Пачаги рехун тун дихъе рачIарал

Мугьажирзабазда гIайибал чIвалел.

Биччанте такъсирал нужер гиназаз

Кавказ пачаясе гIарцухъ бичизе,

Эркенлъи хирияв чанги гуржияв

Дир боязулъ вугин жакъа вагъулев.

КигIан нуж чIухIдарун гаргаданиги

Дирго рагIи дица, йохъ, хисуларо,

Асирлъун рукIина нуж гьал мугIрузда

Инсуца каранде лъимер къазегIан.

173

Гьаб хIукму къотIараб дир Диваналда,

Дир тIоцевесев вас вуссина нахъе!..

ХъачIлъараб гьумергун пашманав имам

Гьаб хитIабги гьабун ана къватIиве.

Ана наибзаби, ана бикаби,

Тилмачгун хутIана цохIого Нино,

КIиялго руцIцIухIун ана цо лахIзат,

Цинги Нино гьесда кIалъалей йиго:

«Бицунге, бицунге дие гьереси,

Мун Марлинский вуго, дида мун лъала,

Нолъ-къаси харбида ШугIайнатица

Бицана кинабго дида дур къисмат.

Щай вуцIцIухIун чIарав, цIар арав бунтар,

Пачаясда данде питна ахIулев?

Бестужев! Бестужев! Божа мун дида:

Дур балъголъи дица цIунила дийго.

Дир дуе, Бестужев, цо суал буго:

Россия тун ине кин кIвараб дуда?»

Бестужев:

Щайзе ракIалде щун тIерхьарал къоял?

Гьел церего ракьулъ рукъана, бика.

Дун Шамилгун вуго, дие гьеб гIела,

Гьал мугIрулгун гIумру дир цолъун буго.

174

У, битIараб буго: хванин тарав дун

Пачагун вагъана гьаб Кавказалда,

Декабрь моцIалъул дандерижилъун

ЛъагIелаз свердана дун гьал мугIрузда.

ГIарададул цIадалъ питнаги чурун

Пачаяс щиб кьураб нилъер ракьалъе!

Россия гIагарал, дунго гIадинан,

РухIги кьун рагъила гъарачагIигун,

ВатIаналъ таниги хиянатчилъун,

Хвезе гьал мугIрузде ун ватаниги,

Щибизе нилъее чIалгIаде дагIба?

Дурго къваригIелал рицун те дида.

Нино:

Бокьун буго дургун пикру бикьизе,

Кье, Бестужев, дие дуца цо гIакълу,

Дудаги рагIана Шамилил хIукму,

Дун гIазабалъ йиго, гьабе дий кумек.

КигIанго хирияб дирго гIумрулъун

Дие Жамалудин вокьананиги

Гьал кьурабалъ чIезе кIоларо дида,

КIвеларо гьаб ракьгун цолъизе къисмат.

Дурго романалъул лебалав герой

Амалалатго гIадав гуревдай мунги?

Марлинский, гIинтIаме гьаб рагIиялъухъ,

Дир гьари, Марлинский, гьабе тIубазе!

175

Гьарула, Бестужев, гьаре ниж хвасар,

Гьаниса лъутизе бате санагIат,

Кавказ пачаясул кверде иналде

Пачаясда гьаре тIасалъугьаян.

Гьал гъваридал кIкIалал дуда лъалелъул,

Гьал мугIрузда нухал дуе рагьарал;

Вилълъа нижгун цадахъ тахида цеве,

Тархъанлъун тела мун императорас.

Бестужев:

Къисматгун махсаро гьабуге, Нино,

Рогьалилъго бугин жеги дур гIумру.

Кавказ маргьу гуро макьилъ бихьулеб,

Рихьдай гуро дунги арав гьаниве.

Мун къурбанлъун чIезе къваригIел гьечIин

РакIбацIцIадго дица абила дуда,

Амма, дур рекIеда рокьи батани,

Бухье дурго гIумру магIарул ракьгун.

Гурони, къо-мех лъикI! Нух битIаги дуй!

Дуда жеги талихI дандчIвала, Нино...

Дий захIматал соназ ватIан хисараб

Дагьистаналъе дун хилиплъиларо.

Ва гIагараб халкъалъ дида гьикъани,

Дир хIакъикъат бице дуца битIахъе:

Эркенлъи хирияв эркенго хвезе

Кавказалда танин абе Бестужев.

176

Щуабилеб бетIер

Гьал бикабазулгин гьезул лъимазул

Бугеб хIал бицараб ана рисалат

Сардилъ макьу гьечIев,

къад хIалхьи гьечIев

Къварилъуде ккарав княз Давидихъе...

Жиндир бугеб мулкги гъоркьлъалие лъун

Давидица гIарац хIадурун буго,

Амма гьесда кIвечIо падишагьасда

Шамилил аслияб тIалаб бицине.

Гьелъин гьас нахъойги имамасухъе

Ун вукIарав витIун жиндирго чапар.

МагIарулаз гьари тIубалеб гьечIин

ТIад вуссун вачIана пашманлъун Грамов.

Гьеб мехалъ, рес къотIун, Петербургалде

Наместникас ана пачаясде хъван,

Пачаяс рохалил бачIана жаваб

Жамалудин кьезе разияв вугин.

* * *

Гьале Жамалудин, уланалги тун,

Инсул ватIаналде вуссунев вуго,

Эркенаб ракьалъул хвалченги босун

Пачаясул палаш гьас толеб буго.

177

Ахирги талихIаб къо тIаде щвана

(КIиго ракIалъе гьеб – ратIалъулеб къо)

Гъоб Хасавюрталде асирлъудаса

Муридаз бикаби рачIана рачун.

Гьеб эркенлъудаса рохел бихьичIей

Хьул къотIарай Нино къваридго йиго,

Гьалъул вокьулевгун, цо бер данде щун,

Даим ятIалъулеб къо бачIун буго.

Гъазизабазулгун пехотаялъул

Хвалчаби хIалхьуда лъалинир руго,

Гьаб лъарагIлъиялда ракълие нугIлъун

Жакъа хъахIаб байрахъ гьаз борхун буго.

Байрахъалда аскIор Жамалудингун

Гьудулзаби руго къо-лъикI гьабулел,

Къокъабго лахIзаталъ херав хIажияс

Жамалудинил хал гьабулеб буго.

БетIер гIодой къулун пашманго йигей

Нинол магIу гIорлъун чваххулеб буго,

ГIагараб гьурмада ахираб нухалъ

ГIолилав поручик валагьун вуго.

Нино:

Щай вуцIцIухIун чIарав, дир Жамалудин,

Жеги ратIалъараб сагIат щун гьечIин.

Гьале дуда цее, хирияв, Нино,

178

Дун даим дур йиго, дир Жамалудин.

Абе дида, гьудул, цохIого рагIи,

Дур хIукму тIубазе хIадурай йиго,

Жамалудин, абе дида цо рагIи,

Гьал мугIрузда чIела мунгун цадахъ дун.

Жамалудин:

Щай, Нино, сурараб дир къисматалъул

Къваридал сухъмахъал дуе, хирияй?

Хвалчаца кIийиде къотIараб къадар,

Халкъалъе инсуца гьабураб къурбан?

Къо щведал цолъилин дир анищ буго,

Мунгун данделъилин хиялалъ вуго.

Гьал халатрахъарал рагъал лъугIани,

Нилъер талихI буго. Гурони – къо-лъикI!

Цоцазул бадире ралагьичIого,

Гьурмазул кьер тIурал кIиго гIолилал

РикIкIаде чвахулел гIумрудул гIораз

Рахъ-рахъалъ батIатIун руго хъамулел...

ХъахIаб айгъиралда тIад Веденове

Жамалудин гьале лъугьунев вуго,

Рагьун кавабигун рокъов щолев вас

Херлъулев инсуца дандчIвалев вуго:

«Мун дидаса тIун арав

ТIоцеве гьавурав вас,

179

Сардарас, унго, мундай

Дихъе вуссине тарав?»

«Эмен, дуда цеве дун

Гьале вахъун чIун вуго,

ГIагараб ватIаналде

Гьале тIад вуссун вуго.»

«Дун дуда божаниги,

Дагьалъ щаклъуда вуго.

Бице, доб асирлъуда

Дур намус бацIцIад бугищ?»

«Дун кIудияв гIуни щиб

ГIурусазул ракьалда,

Кьуру гIадин щулаго

Дир рекIелъ иман буго.»

«РекIелъ гьереси гьечIев

Гьав дир вас мун ватани,

ЦIале инсуе дуца

Цо къуръаналъул аят.»

«ЦIуне гIагараб ватIан

ГIалхулал хъурмаздаса,

Гьаб халкъалъе тIибитIе

Исламалъул ритIухълъиI»

«Мун буссурманав вуго,

Мажгит дуй хIалал буго.

Бице, гIурусазухъе

Лъица мун вачун арав?»

«АхIулгохIда дур мурид

Юнусица цо къоялъ

Дун вачун щвезавуна

Тушбабазда кодове».

«Дур херав инсул щаклъи

Даимго къотIун ккезе

Керен бихьизе биччай,

Чухъаги тIаса ричIун».

«Хъарчигъаялъул малъаз

Лъурал ругъназул гIужал

Жеги каранда гьале,

КигIан заман аниги.»

«Инсул ватIанги цIунун

ЦIоб тараб кьалде ине

Дур ракI хIадураб бугищ?

Бице, дир Жамалудин.»

«Эмен, мун тIаса лъугьа,

Гьереси бицинаро

ГIурусал сурун ругин,

Сардар дир тушман вугин.

Щай гьаб лъугIел гьечIеб рагъ,

Щай гIалхулаб эркенлъи?

Император бергьуна,

БатIияб нухго гьечIо.

Нилъей гIypyc пачаяс

Сайгъатлъун рекъел кьела.

Босе гьесул шартI, эмен,

ГIададисеб питна тун!»

«ЧIухIараб Кавказалъул

Эркенал гьал мугIрузда

Гьавурав гьав дир васас

Бицунеб хабарго щиб?!

Гьабеле дол макруял

Тушбабазул дий сайгьат,

Дир хъахIлъарал расазе

Сурукълъи гIураб рогьо!

Дида цевеса тIaгIa,

ТIокIалъ мун тушман вуго,

Шамилилгун дур нухал

Даим батIалъун руго.

Жакъа дир божи хвана,

Жамалудин, дудехун,

Дунял дуе кьуниги,

Хвалчен духъе кьеларо!»

ЛЪАБАБИЛЕБ БУТIА

Наши рекомендации